2.44M
Категория: ЛингвистикаЛингвистика

Дарсил мурад: наречиялъул

1.

Авар мац1алъул дарс.
7 класс
Наречиязул бит1унхъвай
(Цолъизабураб)
Дарс х1адурана ва бачана: Г1умарова Динара Кехурзаевна – авар
мац1алъул ва адабияталъул т1адег1анаб категориялъул муг1алим

2.

Кинаб ах1вал-х1алгун нуж жакъа
дарсиде рач1арал?
Наречияздалъун жаваб гьабе
(лъик1, гъираялда, кепалда….)

3.

Дарсил мурад: наречиялъул х1акъалъулъ лъай
щула гьабизе ва гьелъул бит1унхъваялъул бажари
куцазе шарт1ал г1уц1и.
Дарсил масъалаби:
Лъайкьеялъул: наречиялъул лъай щула гьаби; гьелъул
бит1унхъваялъул х1акъалъулъ лъай кьей; тексталда
жанир наречиял х1алт1изаризе, гьел ратизе ругьун
гьари.
Лъай цебет1езабиялъул: наречие каламалъулъ
х1ат1изабун ругьун гьари, хъвавулаб ва к1алзулаб калам
цебет1езаби.
Тарбия кьеялъул: ИКТялде ругьун гьари, къецалъулаб ва
цадахъаб х1алт1уе бажари куцай.

4.

Цебе малъараб такрар гьаби.
Т1адкъаял

5.

Х1урматияб
Х1урматиябКето!
Кето!Дида
Дида
г1емераб
г1емерабжо
жолъала
лъала. Дур
. Дур
лъаялъул
лъаялъулх1ал
х1албихьизин?
бихьизин?
Дир
Дирсуалазе
суалазехехаб
хехабжаваб
жаваб
кье.
кье.1 1минуталда
минуталдажаниб
жаниб
чан
чанбит1араб
бит1арабжаваб
жавабдуца
дуца
кьурабили
кьурабилибихьун
бихьундур
дур
лъаялъул
лъаялъулдаража
даражаборцине
борцине
буго.
буго.Бегьилищ?
Бегьилищ?
Гьаяха!
Халбихье дурго.
Лъимал, нужеца
балъго кумек
гьабе дие.

6.

Ребус ц1але.
Гьениса наречие бихьизабе ва гьелъул х1акъалъулъ лъалеб
жо бице
къ=хъ
+ а+

7.

Гьал х1арпал кколеб тартибалда лъун,
наречиял лъугьинаре.
А х у д б
Р гъ кь о
С а б о к1
Хъ л о б о хь
Б н а и гь
(Хадуб, гъоркь, аск1об, хьолбохъ, гьаниб.)

8.

Гьал наречиязе синонимал
ургъе.
Гъорлъ, г1ажаибго, г1ажиз,
г1антго, даимго, парт1ан,
гванзго, абухъе, бет1ериса,
басра, бохса, вижахъе, кьиндал,
багьаго, заг1ипго, г1одоб.
Щивав ц1алдохъан доскаялда гьеб наречиялъе синоним ургъизе
вахъинавила, гьеб лъугьараб куц хъвала, разряд ч1езабула.
Гьеб х1алт1и кьеразда гьоркьоб къец бан т1убала.

9.

Жаваб
Гъорлъ – жаниб, киб? Бак1алъул наречие
Г1ажаибго – х1икматго, кин? ишалъул куцалъул, х1икмат (пр. ц1.) + го
Г1ажиз-х1аликъ, кин? Иш. куцалъул, х1али(л) (пр.ц1. хаслъ.падеж) + къ
Г1антго – тохго кин? Ишалъул куцалъул, тох(лъи) (пр.ц1.) + го
Даимго – кидаго
Парт1ан – лах1заталда
Гванзго – ризго
Абухъе – бицухъе
Бет1ериса – т1огьиса
Басра – инжит
Бохса – ахадаса, х1ат1икьа
Вижахъе – лъугьухъе
Кьиндал – хасало
Багьаго – хираго
Заг1ипго – х1аликъго
Г1одоб – ч1арбида

10.

Физкультминутка
Гъоркь, т1ад, квараниса, квег1иса.
Гъоркь, т1ад, квараниса квег1иса.
Хьалбазда квералги лъун гьал упражнениял гьарила, т1адеги
рахъун.
1 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна;
квараниса – кваранаб х1ет1е г1ебеде лъола, хадубго нахъе
лъола, квег1иса – квег1аб х1ет1е г1ебса лъола, хадубго нахъе
лъола.
2 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна.
Квараниса – квараниса гьет1ула, квег1иса – квег1иса гьет1ула.

11.

1
2

12.

Ц1ияб тема
«Наречиязул бит1унхъвай»
Гьаб тексталда наречиял скобкабазда жаниса хъвай.
Къаде (нахъе) чвахунц1ад базе лъугьана. Жакъаго (жакъа)
радалалдаса бакъ кунч1ун бук1ана. Гьоркьо (гьоркьоб) пири
пирхулеб бук1ана, ва кьвагьго-кьвагьан зоб гъугъана. Дора
(гьанир) реч1ч1улел лъел къат1рабаз гъот1ол т1анхал чехьа
(т1аде) рахъинарулел рук1ана. Рагъида ц1ан (бит1ун) бегун,
ц1адал кеп босулеб нижер кету Мивурги буго.
Гъоркь х1учч ц1араб раг1иялда кинаб гъалат1 ккезе рес бугеб нилъер.

13.

Тема щула гьаби.
Рач1а нилъеца гьанже
т1ехьалдаса параграф
ц1ализин ва гьелда
хадуб бугеб 1 х1алт1и
т1убазин

14.

Рокъобе х1алт1и
Бажариялда рекъон:
-наречиял гьоркьоре ккезарун,
«Хасало рохьоб» гьит1инабго
сочинение хъвазе;
-наречиялъул х1акъалъулъ,
кинабго лъай г1амгьабун,
к1алъай х1адуризе.
- т1ехьалдаса х1алт1и 5, гь.202.

15.

Гьанже кинаб х1ал нужер бугеб?
Нужеего къимат лъе.
Тетрадазда предложениял лъуг1изарун хъвай :
Дида лъана________
Дида бажарула:_________
Т1адч1ей гьабизе ккола_____________

16.

Х1алч1ахъадал!
Баркала дарсихъ.
Къо-мех лъик1!
English     Русский Правила